Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ГІиса хваралъуса вахъараб мехалъ, гьесда цадахъ Мукъадасаб шагьаралде рачІана гьелги, ва гьенир гІезегІан чагІазда рихьана гьел. Аллагьасул кІалгІаялда сверун бугеб азбар дуца къватІиб те, гьеб борцунге, цогидал халкъазе кьун бугин гьеб. Гьез гьаб хирияб шагьар кІикъоялда кІиго моцІалъ мерхьина. Гьединго дида бихьана мукъадасаб шагьар – зодисан Аллагьас рещтІинабулеб цІияб Иерусалим. БахІарасда аскІое уней бахІарай кинигин къачІан букІана гьеб. Хадубккун лъугьине бугелъул хІакъалъулъ гьаб тІехьалда ругел рагІабазда тІаса лъицаниги щибниги босани, Аллагьас гьесда тІасаги босила гІумруялъул гъветІалдаги мукъадасаб шагьаралдаги гьесул букІараб бутІа, – гьаб тІехьалда жиндир хІакъалъулъ рехсон бугеб бутІа.
Выбор основного перевода