Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ГІадамаздаса цІуне. Гьез нуж тІадегІанаб судалде ахІила, жидерго синагогабазда жанир цІалаца рухила. Дун сабаблъун киналго гІадамазда рихина нуж. Амма ахиралде щвезегІан сабру гІурав чи хвасарлъила. ГІаламалда нуж рихани, нужеда ракІалде щва нужедасаги цеве дун гьезда рихун вукІаравлъи. Нуж синагогаялдаса къватІире гъела. Нуж чІвалев чиясда гьанже Аллагь жиндаса разилъилилан ракІалде кколебгицин заман бачІунеб буго.
Выбор основного перевода