Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ГІемерал гьересиаварагзаби рахъина, гьез гІемерисел къосинарила. Гьебмехалъ нужеда лъицаниги абуни, МасихІ гьале гьанив вугилан, яги дова вугилан, воре, нуж гьелда божуге. Дир Инсуца витІун вачІарав дун нужеца къабул гьавулев гьечІо. Живго вахъун цо пуланав чи вачІани, нужеца гьев къабул гьавила. Дагьав цевегІан вачІун вукІана жив щивалиго вугилан чІарав Тевда. Гьесде вуссана ункънусгогІанасев чи. Гьев чІвараб мехалъ гьесул рахъ ккурал гІадамал рикьа-риххун ана ва гьезул хабар къотІана. Гьесдаса хадув халкъалъул хъвай-хъвагІай гьабулеб заманаялда вачІун вукІана Галилеялдаса Ягьуда. Гьесдаги нахърилълъана гІадамал. Гьевги чІвана, гьесул рахъ ккуралщиналги додинго рикьа-риххун ун тІагІана. Ахирзаман гІагарлъулеб буго, дир лъимал. Нужеда рагІун букІана Тажал (МасихІил тушман) вахъине кколилан. Гьанже гьел МасихІил тушманзаби гІемерлъун ругелъулин нилъеда лъалеб бугеб ахирзаман гІагарлъун букІин.
Выбор основного перевода