Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьересиаварагзабаздаса цІуне! Гьел нужехъе рачІуна чахъдал цІокоги тІад ххун. ХІакъикъаталда гьел руго хъантІарал бацІал. Дида лъала дун нужеда аскІоса нахъе араб мехалъ, хъантІарал бацІал рачІун, нужер гІиял рехъабазда гьел гурхІизе гьечІеллъи. Илагьияб РухІалъ якъинго бицунеб буго ахираб заманаялда цо-цо гІадамал божи-иманалдаса руссинилан. Гьел руссина гьерсал рицунел жундузде, гьел нахърилълъина шайтІабаз малъаралда. Аллагьасдасан бачІараб рухІ жиндилъ бугин абуравщинав чиясда божуге, хириял. Гьезул хІалбихье, Аллагьасдасанищ гьел ругелали лъазе. ГІемерал гьересиаварагзаби рахъун ругелъул гьаб дуниялалда.
Выбор основного перевода