Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Дун сабаблъун нуж наибзабазухъе ва парччахІзабазухъе рачина, гьезда цебеги цогидал халкъазда цебеги дир муридал рукІиналъе нугІлъи гьабизе. Амма дица гьикъулеб буго гьезда рагІичІебищилан. РагІизени рагІана гьеб Исраилил халкъалда. ТІухьдузда хъван бугелъул: «Аварагзабазул хабар тІибитІана тІолабго ракьалда, гьезул рагІабиги дуниялалъул рагІалде щвана», – ян. ТІолабго дуниялалдаго тІибитІун бугеб гІадин нужехъеги щвана гьеб Рохалил хабар, нужер гьенибги гьеб тІегьан буго, тІад пихъ бижун буго Аллагьасул цІобалъул хІакъикъат лъаралдаса нахъе. Гьедин букІина нужеда рагІараб Рохалил хабаралда хадубккунги нуж кьуричІого божани, къвакІун чІани ва нужер хьулги къинчІони. Жиндие хъулухъалъе дун – Павел – вукІараб гьеб Рохалил хабар дуниялалда бижанщиналда лъазабуна.
Выбор основного перевода