Жиндирго Инсул къудраталдалъун, ГІадамил Лъимер дуниялалде вачІине вуго жиндирго малаикзабигун цадахъ. Щивасул амру-ишалда рекъон кьела Гьес гьебмехалъ.
Гьале, накІкІаздаги рекІун, вачІунев вуго гьев. Киназдаго вихьила гьев, гьесда хеч къазабураздагицин вихьила. Дуниялалъул киналго халкъал гьесухъ гІодила. Гьедин букІина. Амин.