Аллагьас ПарччахІлъиялъе рижун рукІарал гІадамалги гьениса бецІаб къотІноре рехила. ГІодилел ва цаби къерщезарулел хутІила гьел.
Цинги гьел цІадул коронире рехила. ГІодилел ва цаби къерщезарулел хутІила гьел гьенир.
Аллагьасул ПарччахІлъиялда Ибрагьимги, ИсхІакъги, Якъубги ва цогидал аварагзабиги нужеда рихьараб ва нужги гьениса къватІире рехараб мехалъ, гІодилел ва цаби къерщезарулел хутІила нуж.