Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
НухІ аварагасул заманаялда букІараб гІадин букІине буго ГІадамил Лъимер вачІараб мехалъги. ТІупан тІун, гьелъ росун инегІан, щибниги лъалеб жо букІинчІо гьезда. Гьедин букІина ГІадамил Лъимер вачІиндалги. Киналго иргадал чІаголъила: бищун цеве МасихІ, цинги гьев вачІараб мехалъ – гьесул агьлуги. Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ вачІараб мехалъ, гьесда цебе, нуж гурони, щал нижее кколел нижер хьуллъунги, рохеллъунги ва рецц-бакъалъул тажлъунги? ТІадегІанав ГІиса МасихІ вачІине вукІиналъул ва нилъ гьесда аскІоре данделъизе рукІиналъул рахъ босани, дица нужеда гьарулеб буго, вацал, Гьеле гьебмехалъ загьирлъила дов кІудияб квешлъи гьабизе бугев чи. ТІадегІанав ГІисаца тІаде пун иш лъугІизабила гьесул, ГІиса вачІиналъул кІодолъиялъ хвезавила гьев.
Выбор основного перевода