Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Квешлъи гьабурал гІадамазда нуж тІасалъугьани, Зобалазда вугев нужер Эменги нужеда тІасалъугьина. Нуж гІадамазда тІасалъугьинчІони, нужедасан ккараб мунагь-хатІаялда тІасалъугьинаро Зобалазда вугев нужер Эменги. Гьари-дугІаялъе Аллагьасда цере чІараб мехалъ, нужер ццин бугел гІадамал ратани, гьезда тІасалъугьа, гьебмехалъ Зобалазда вугев нилъер Эменги лъугьине вуго нужер къосиналда тІаса. Цоцазда гьоркьор лъикІ рукІа, хІеренго рукІа, цоцада тІасаги лъугьа, МасихІие гІоло Аллагь нужеда тІасалъугьарав гІадин. Нужеца цоцазда гьоркьоб сабру цІунизе ккола ва цоцазул гІайиб-хатІаялда тІасалъугьинеги ккола – БетІергьан нужеда тІасалъугьана, нужги цоцазда тІасалъугьа. ГурхІел гьечІесе Аллагьасул судалъулги гурхІел букІине гьечІо. РитІухъаб хІукмуялдасаги тІадегІанаб буго гурхІел!
Выбор основного перевода