Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Дица духъе кьела Зобалазул ПарччахІлъиялъул кІул, ракьалда дуца гьукъарабщинаб зобалаздаги гьукъила, ракьалда дуца изну кьурабщиналъе зобалаздаги изну кьела. – Гьаб Илагьияб РухІ къабул гьабе, – янги абун, цинги пуна ГІисаца гьезда тІаде: – Нужеца чурараб мунагь Аллагьасги чурила гІадамазул. Нужеца чуричІеб гьесги чуриларо. Илагьияб РухІалдаги нижедаги лъикІаблъун бихьун буго – паризаяб тун нахъияб жо нужеда баччизабиларилан. Нужеца кунге гьересиаллагьзабазе къурбан гьабураб квен, биги гьекъоге, гъанкъун хвезабураб хІайваналъул гьанги кунге, хъахІбалъиги гьабуге. Гьелдаса цІунун чІани, – гьеб буго лъикІаб иш. Вассалам». Гьеб данделъи биххун хадур гьел ункъалго Антиохиялде ана. Доре щведал, киналго данде ракІарун, кагъат гьезухъе кьуна. Дирго рахъалъ абуни, черх гьаниб бугониги, рухІ гьениб нужеда аскІоб бугелъул, гьенив вугев гІадин вукІуна дун. Нужер данделъиялда нилъер ТІадегІанав ГІисал къудратгун цадахъ дирго рухІги гІахьаллъизабун, нилъер ТІадегІанав ГІисал цІаралдалъун дица хІукму къотІана гьеб иш гьабурав чи илбисалъул кверщаликье кьезе – биччанте гьесул мунагьаб напс хвезе. ТІадегІанав вачІараб къоялъ гьесул рухІ хвасарлъизеги бегьула.
Выбор основного перевода