Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ДагІбадулас вачун, судалде унаго, нухдаго рекъел-бакъалдалъун гьев тІаса вихьизавизе гІедегІе. Гурони, гьес мун судиясухъе щвезавила, судияс гІеласухъе кьела, цинги гвандиниве рехила. ХІакълъун абулеб буго дица дуда: дур ахирисеб шагьи-пара лъугІичІого, гьениса къватІивеги ворчІиларо. Масала, дурго дагІбадулавгун судалде унев вугони, дове щвелалдего хІаракат бахъе рекъел-бакъалдалъун гьев тІаса вихьизавизе. Гурони, гьес мун судиясухъе вехъерхъила, судияс мун гІеласухъе кьела, гІелас мун гвандиниве рехила. Гьале дица дуда абулеб буго: дур ахирисеб шагьи-пара кьун налъи бецІичІого, гвандиниса къватІивеги ворчІиларо мун. Киналго мунагьалъукье ккун рукІана, киналго махІрумлъун рукІана Аллагьасдасан рещтІараб Нуралдаса. Цинги, Гьесул баркат лъун, чІобого щвана нилъее Аллагьасда цере ритІухълъи. МасихІ ГІисадалъун рецІел щведалин гьел ритІухълъарал. Аллагьасдасан бачІараб Илагьияб РухІ пашманлъизабуге, тІубанго тархъанлъараб къоялъе гьелъул мугьрулъидал нужеда чІван бугеб.
Выбор основного перевода