Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Ворегиха, нуж гьелдаса цІуне. Вацас дуе квешлъи гьабуни, гьесие бадибчІвай гьабе. Гьев рекІекълъани, тІасалъугьун те. Къода жаниб анкьго нухалъ гьес дуе квешлъи гьабуниги, анкьабго нухалъ духъе вачІун, гьес жив рекІекълъанилан абуни, – тІасалъугьа гьесдаса. Я дир вацал, цо чияс кинаб бугониги мунагь гьабун букІин лъани, РухІалъ малъухъе хьвадулел ругелъул нуж, хІалимго-хІеренго битІараб нухде ваче нужеца гьев. Вореха, нужгоги къосине гурин. Цоцазул раччи бачче нужеца ва гьедин МасихІил къанунги цІуне. Аллагьасдасан бачІараб Илагьияб РухІ пашманлъизабуге, тІубанго тархъанлъараб къоялъе гьелъул мугьрулъидал нужеда чІван бугеб. Нужеца рехун те хІалуцин, ццидахин, гьалаглъи, ахІи-хІур, хьандей ва цогидалги квешал хасиятал. Цоцазда гьоркьор лъикІ рукІа, хІеренго рукІа, цоцада тІасаги лъугьа, МасихІие гІоло Аллагь нужеда тІасалъугьарав гІадин. Масала, хІакъабщиналдаса гьетІарав нужер чи цогидас битІараб нухде ккезавуна. Мекъаб нухдаса гьев витІун ккезавурас мунагь гьабурасул рухІ цІунулеблъи ва гІемерал мунагьалги чурулеллъи лъай, дир вацал, нужеда! Масала, хІакъабщиналдаса гьетІарав нужер чи цогидас битІараб нухде ккезавуна. Мекъаб нухдаса гьев витІун ккезавурас мунагь гьабурасул рухІ цІунулеблъи ва гІемерал мунагьалги чурулеллъи лъай, дир вацал, нужеда!
Выбор основного перевода