Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Дирго рахъалъ абуни, черх гьаниб бугониги, рухІ гьениб нужеда аскІоб бугелъул, гьенив вугев гІадин вукІуна дун. Нужер данделъиялда нилъер ТІадегІанав ГІисал къудратгун цадахъ дирго рухІги гІахьаллъизабун, нилъер ТІадегІанав ГІисал цІаралдалъун дица хІукму къотІана Дирго рахъалъ абуни, черх гьаниб бугониги, рухІ гьениб нужеда аскІоб бугелъул, гьенив вугев гІадин вукІуна дун. Нужер данделъиялда нилъер ТІадегІанав ГІисал къудратгун цадахъ дирго рухІги гІахьаллъизабун, нилъер ТІадегІанав ГІисал цІаралдалъун дица хІукму къотІана гьеб иш гьабурав чи илбисалъул кверщаликье кьезе – биччанте гьесул мунагьаб напс хвезе. ТІадегІанав вачІараб къоялъ гьесул рухІ хвасарлъизеги бегьула. Нилъер гуреб агьлуялъе суд гьабунги щайха дие? Аллагьас гьабила гьезие суд. Нужерго агьлуялъул чиясе суд гьабизе кколаребищ нужеца? ТІухьдузда хъван бугелъул: «Квешав чи нужер агьлуялда гьоркьоса нахъе вачахъе», – ян. Жиндирго диналъул вацасдехун нужеда гьоркьоса пуланав чиясул дагІба-рагІи бугони, Аллагьасул халкъги рехун тун, иман гьечІезухъе суд гьабизе ине бегьилищ гьев? Нужеда лъаларебищ гьаб гІаламалъе суд Аллагьасул халкъалъ къотІизе букІин? ГІаламалъего суд гьабизе бугел нужеда кІоларебищ гІиси-бикъинаб дагІба-рагІи къинабизе? Нужеда лъай: малаикзабазегицин суд гьабизейин нилъеца бугеб. Гьаб дуниялалъул ишал тІуразе кигІанха нужее бигьалъизе кколеб! Гьединаб дагІба-рагІи нужеда гьоркьоб ккараб мехалъ, щай нужеца гьеб нужерго агьлуялда гьоркьоб къимат гьечІел гІадамазде гІарз бахъулеб? Нечоларищ нуж? Диналъул вацал рекъезаризе кІолев цониги гІакъилав чи нужеда гьоркьов ватичІого вукІине рес гьечІо. Бихьулищ – вацас вац судалде вачунев вуго, гьебги – иман лъечІез хІукму къотІизе. ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІаралдалъун нижеца нужеда лъазабулеб буго, вацал, кІвахІалалщинал ва нижеца гьениб малъарабщинабги босичІел нужер агьлуялъул чагІаздаса рикІкІад чІайилан. Гьаб кагътида нижеца хъваралъухъ гІенеккуларев чиясдеги кІвар кьечІого тоге. Живго намуслъизе, гьесулгун гьоркьоблъи гьабуге. гьев ккола чІухІи-пахрулъиялъул цІурав ва щибго бичІчІуларев чи. ЖахІдаги, кьалги, хьандейги, квешал щакдарабиги рижулеб дагІба-рагІиялде ва рагІабазул магІна сабаблъун къацандиялде бугеб хІасраталъ унти ккезабун букІуна гьединав чиясда. Гьелдалъун бижула гІаданиб нах гьечІел ва хІакъабщинаб жидехъа биларал гІадамазул нахъаса къотІи гьечІеб къец. Гьезда ккола божи-иман бугин жалго бечелъиялъе баккараб ицц. Рикьи ккезабугейилан кІиго нухалъ лъазабуниги кантІичІев чиясдасаги ватІалъун чІа,
Выбор основного перевода