Нужер къануналдагицин хъван бугогури кІиго чиясул нугІлъи гІолилан.
Лъабабилеб нухалдаги вачІинехъин вуго дун нужехъе. ТІухьдузда хъван буго: «Лъилниги рагІи ритІухълъизе ккани, къваригІуна кІиго яги лъабго чиясул нугІлъи».
Иман лъуразул агьлуялъул бутІрузда тІасан бачІараб гІарза гІадахъ босуге, гьеб битІараб букІин кІиго яги лъабго нугІас чІезабичІони.
Мусал Къанун цІуничІого такъсир гьабурав чи расги гурхІичІого чІвала, кІиго яги лъабго чиясул нугІлъи бугони.