Гьебмехалъ ГІисаца абуна: – Дуе рецц буго, дир Эмен, зоб-ракьалъул БетІергьан, дуца, цІодораздаса ва гІакъилаздаса балъгоги гьабун, лъимер гІадиназе гьаб кинабго загьир гьабуралъухъ.
ГІисаца гьесда абуна: – ХІакълъун абулеб буго дица дуда: цІидасан гьавурасда гурони Аллагьасул ПарччахІлъи бихьизе гьечІо.
Никодемица гьесда гьикъана: – КІудияв гІурав чи цІидасан кин гьавулев? ТІадвуссун эбелалъул ургьиве лъугьун, цІидасан чи гьавизе рес бугебищ?
ГІисаца жаваб кьуна: – ХІакълъун абулеб буго дица дуда: лъададасан ва Илагьияб РухІалдасан лъугьарав чиясе гурони Аллагьасул ПарччахІлъиялде нух гьечІо.
гьабсагІат гьабураб лъимер гІадин, нужги гІедегІе бацІцІадаб рухІанияб рахьдаца къеч буссинабизе, гьеб гьекъон нужго кІудиял гІезе ва хвасарлъизе.