Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Халкъалъул руккел бихьун, гьев гурхІана, чара хун ва бакъхІан, вехь гьечІеб гІи гІадин, гьел рукІиндал. Гьебмехалъ жиндирго муридазда абуна гьес: – Хуриб хІалухъен гІемер бижун буго, хІалтІухъаби дагь руго. Гьеб лъилъизе кверщел кодоб бугев БетІергьанасда гьаре лъилъарухъаби ритІеян. Ракъдаде лъугьараб мехалъ ГІисада гьениб бихьана гІемераб халкъ. ГІиса гьезда гурхІана ва унтарал сахлъизаруна. ГІиса ракъдаде лъугьараб мехалъ, гьесда гьениб бихьана гІемераб халкъ, ва гьев гурхІана вехь гьечІеб гІи гІадин ругел гІадамазда; гьезда гІемераб жо малъизе лъугьана гьев. Бакъанимех гІагарлъулеб букІана. ГІисада аскІоре рачІун гьесул муридаз абуна: – ГІадан-чиго гьечІеб бакІ бугин гьаб, сордоги тІаде щолеб бугин, нахъе айилан абе гьал гІадамазда, росабалъе ун жидеего квен-тІех босизе. нахъе айилан абе гьал гІадамазда, гьанир сверухъ ругел росабалъ жидеего квание гІамал гьабизе. Гьале маркІачІумех щолеб букІана. АскІове вачІун анцІила кІиявго чапарас гьесда абуна: – Сордо базеги жидеего квание гІамал гьабизеги гІагардаса гІебеде ругел росабалъе ва кулабазде айилан абе гьал гІадамазда, гІадан-чиго гьечІеб бакІ бугин гьаб.
Выбор основного перевода