Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Балагьги гІазабги нужее, бецал чагІи квер ккун хадур цІалел бецукал! Нужеца абула: «Мукъадасаб Рукъалъул цІар рехсон бараб гьа бихханиги бегьулилан, амма Мукъадасаб Рокъоб бугеб меседалхІайин бараб гьа биххизе бегьуларилан». Бецал чагІи квер ккун хадур цІалел бецукал руго нуж! КІкІара ургьибе ккелебилан хІинкъун, лъим цІцІула нужеца, амма варанаби къулчІулел руго. Гьадинаб мисалги бачана ГІисаца гьезие: – Цо бецав чиясухъа бажариладай цоги бецав чи квер ккун вачине? КІиялго цадахъ гвандинире рортилародай гьел? Гьедин абулеб мехалъ аскІор рукІарал цо-цо фарисеяз гьикъана жалги бецалищха ругелан. Дур ракІчІун буго бецал чагІи дуца хадур цІалел ругин, бецІлъуда ругезе канлъиги кьолеб бугин,
Выбор основного перевода