Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Кина-щинабго пасалъиялъулги, квешлъиялъулги, хъантІиялъулги, ццидалги цІун руго гьел. ЖахІда-хІусудги, чІвай-хъвейги, дагІба-къецги, хІилла-рекІкІги, инжитлъиги цІикІкІун буго. Гьез мацІ гьабула, нахъасан гаргадула, Аллагьги гьезда рихун вуго. Гьел чанкІкІунги руго, чІухІунги руго. Жалго жидецаго реццизе ва квешлъи ургъизе махщелги буго гьезул, эбел-инсухъги гьел гІенеккуларо. Гьезда намус гьечІо, рекІелъ гурхІел гьечІо, рахІмуги гьечІо. Пасатал, хъантІарал, макруял гІадамазул ва гьересиаллагьзабазе лагълъи гьабулел мажусиязул гуребха дица бицунеб букІараб. Гьездаса ратІалъизени, дуниял тун ине ккелаан ниж. Дица хъван букІана, жидеца иман лъун бугиланги абун, пасалъиги гьабулел, хъантІун магІишатги гьабулел, гьересиаллагьзабазе лагълъиги гьабулел, мацІги гьабулел, хІилла-рекІкІги гьабулел, гьекъолдизеги гьекъолдулел гІадамазулгун хурхен гьабугейилан, хІатта гьезда цадахъ гІодор чІун кванагейилан. Нилъеда лъала напсалъ гьабулебщинаб: хъахІбалъи, хъублъи, пасалъи, гьересиаллагьзабазе лагълъи гьаби, сихІручилъи, тушманлъи, дагІба-къец, ракІквешлъи, ццидахин, чІухІун церекІанцІи, цоцазда гьоркьоб рикьи ккезаби, рикьалаби гІуцІи, жахІда, гьекъел-мехтел, пасатго лазат-кеп босизе данделъи ва гьезда релълъаралги. Дица цебеги абун букІана ва гьанжеги лъазабулеб буго нужеда: гьединал ишал гьарулел гІадамазе Аллагьасул ПарччахІлъи насиблъуларо. ХъахІбалъи, пасалъи ва чияр боцІуде хъантІи гІадинал жалазул цІар рехсезецин бегьуларо нужеца. Иман лъуразул агьлуялда гьеб рекъараб гьечІо. Хъубаб, гІантаб ва гІадан гІад-хочІ гьавулеб хабар бицинеги рекъараб гьечІо. Гьелде руссун рукІинчІого, Аллагьасе рецц гьабе. ХъахІбалъи, ракІ хъублъи ва хъантІи ккола гьересиаллагьзабазе лагълъи гьабилъун. Гьединаб гІамал бугев цониги чиясе МасихІилги Аллагьасулги ПарччахІлъиялъул бутІа щолареблъи лъай нужеда. Гьединлъидал нужер хІакъалъулъ гьеб рагІараб къоялдаса нахъего, нужги рехсон, Аллагьасде гьари-дугІа гьоркьоса къотІизе толеб гьечІо нижеца. Нижеца Аллагьасда гьарулеб буго гьесул щибаб амру сундулъ бугебали тІубанго лъазелъун нужер бичІчІи-лъай цІикІкІагиян ва рухІанияб гІелму камиллъагиян. ТІадегІанав ГІисадаса мисал босун, гьесие бокьулебщинабги гьабизе нужер ишазул гъотІода лъикІабщинабги барщизе ва Аллагьги цІикІкІун лъазе рес рекъагиян гьарулеб буго. Мажусиязе бокьулеб куцалда, пасалъиялдаги чорхол гьаваялдаги хадур ун, гьекъолдулаго, гьакълил рокъоса къватІире рахъинчІого кеп-гІоркьалда ва гьересиаллагьзабазе инжитаб-къабихІаб гІибадат гьабулаго тІамураб гІеларищ нужеца цебехун букІараб гІумру? Амма хІинкъаралги, божи-иманалдаса руссаралги, инжитлъи-хІакъирлъи гьабуралги, чІвадарухъабиги, хъахІбабиги, сихІручагІиги, гьересиаллагьзабазе гІибадат гьабуралги, киналго гьерсихъабиги унеб бакІ буго цІадулги чІабтІилги хІор. Гьеб ккола кІиабилеб хвел.
Выбор основного перевода