Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Ралагьун гІадамалгун, гьебсагІат тІаде вахъана гьев, живго тІад лъун вукІараб турутги босун, рокъове ана, Аллагьасе реццги гьабулаго. ГІажаиблъун-хІикмалъун лъугьун, киназго Аллагьасе рецц гьабуна. ХІинкъиялъ къвал бан ругел гьез абулеб букІана: – Тамашаяб иш бихьана жакъа нилъеда! – ян. Зайтуналъул магІардаса гІодоре лъугьунеб бакІалде гІагарлъидал, цадахъ рукІарал тІолалго муридал роха-хинлъун ва ахІунго ахІун Аллагьасе рецц гьабизе лъугьана, гьес рихьизарурал мугІжизатазухъ. Гьез турки ахІулеб букІана: – БетІергьанас витІун вачІарав ПарччахІасда баркат лъеги! Зобалазда рекъел букІаги! ТІадегІанав Аллагьасе рецц!
Выбор основного перевода