Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ГІиса гьениса тІадвуссун унаго, кІиго бецав чи вачІунев вукІана хаду-хадув. – Я, Давудил Вас ГІиса! ГурхІа мун нижеда! – ян ахІулеб букІана гьез. Назареталдаса ГІиса жинда цевесан унев вукІинги лъан, ахІдезе лъугьана гьев: – Я, Давудил вас ГІиса! ГурхІа мун дида! ВуцІцІун чІайилан абуна гьесда гІадамаз. Амма гьев дагьабги гьаракь борхун ахІдезе лъугьана: – Я, Давудил вас! ГурхІа мун дида! Гьебмехалъ гьардухъан ахІдана: – Я, Давудил вас ГІиса! ГурхІа мун дида! Гьесда цересан унел гІадамазе бокьун букІана гьардухъан вуцІцІун чІезавизе. Амма гьес дагьабги гьаракь борхун ахІана: – Я, Давудил вас! ГурхІа дида! – ян.
Выбор основного перевода