Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьединал рагІабаз гІажаиблъизавуна ГІиса. Жиндаго хадур рачІунел рукІараздехун вуссун, гьес абуна: – Гьале дица нужеда абулеб буго: Исраилил халкъалда гьоркьобгицин лъилниги дандчІвачІо дида гьединаб божи-иман. Дов нусилбетІерасда ГІисаца абуна: – Гьанже дурго рокъове а. Мун божун вугеб жо лъугьина дуе. РагьтІател гьебсагІатго сахлъанила. Нахъехун вуссиндал гьей йихьарав ГІисаца абуна: – ХІинкъуге, дир яс, дурго божи-иманалъ хвасар гьаюнин мун. ГьебсагІатго сахлъана гьей гІадан. Рокъове щведал, кІиявго бецав чи вачІана гьесда аскІове. ГІисаца гьезда гьикъана: – Нужеца гьарараб жо дида гьабизе кІвеялда божулищ нуж? – ан. – Божула, БетІерчІахъад, – абун жаваб кьуна гьез. ГІисаца гьесда абуна: – А гьанже. Дурго божи-иманалъ сахлъизавуна мун. ГьебсагІат беразда канлъиги бихьун, ГІисада хадув къокъана гьев чи. ГІисаца дой гІадамалда абуна: – Дурго божи-иманалъ хвасар гьаюна мун. Гьанже а дурго. Цинги гьесда абуна: – Вахъа тІаде, а гьанже, дурго божи-иманалъ хвасар гьавунин мун.
Выбор основного перевода