Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ТІолабго Сириялда тІибитІана гьесул цІар. Гьесухъе рачун рачІунаан унтуца гІазаб кьолеб бугелги, шайтІабаца ккуралги, унти бачІунелги, палижалъ ккуралги, – батІи-батІияб гІузру бугел гІемерал гІадамал. Гьел киналго сахлъизаруна ГІисаца. Цо чІужугІаданалда рагІана гьев вачІун вугилан. Гьелъул яс йикІана жундуз ккун. (Гьей йикІана мажусияй, Сириялъул ракьалдаса финикияй.) ГІисахъе ячІун, гьесул хІатІазда цее накабаздаги чІун, гьелъ гьарана жиндир ясалъул чорхолъа шайтІан бачахъейилан. ГІисаца гьезие жавабалъе абуна: – Инеги ун, нужеца ЯхІяда бице нужеда рагІарабги бихьарабги: бецазда канлъи бихьулеб бугин, бохдулъа ракъварал рилълъанхъулел ругин, барасалъ унтарал рацІцІалъулел ругин, гІинкъазда рагІи рагІулеб бугин, хварал чІаголъулел ругин, мискинзабазда Рохалил хабар бицунеб бугин. Гьале синагогаялъул хІакимлъун вукІарав Яир абулев цо чи вачІана гьениве, ГІисал хІатІазда цеве кІалагъоркьеги речІчІун гьардана жиндир бакІалде вилълъаян.
Выбор основного перевода