Цинги аскІове ун, хварасул молода квер хъвана. Мали босун унел рукІарал гІадамал лъалхъана. ГІисаца гьебмехалъ абуна: – Ле, гІолохъанчи! Дица дуда тІаде вахъаян абулеб буго.
Цинги ГІисаца ахІана: – Лазар! КъватІиве вачІа! – ян.
Пётрица абуна: – ГІарацги меседги дир гьечІо, амма дихъ бугебаб кьела дуе. Назареталдаса МасихІ ГІисал цІаралдалъун абулеб буго дица дуда: вилълъанхъе мун!
Кваранаб кверги ккун, Пётрица тІаде вахъинавуна гьев. ГьебсагІат рицІимахІабазулги накабазулги щукІдул ритІа-ришун ун,