Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьениса унаго кІиго чи вихьана гьесда. Гьел рукІана Зебедайил вас Якъубги гьесулго вац Иоаннги. Жидерго эмен Зебедайгун цадахъ лъугьун ччугІа кквезе гьин къачІалел рукІана гьел росода тІад. Дида цадахъ рилълъайилан ахІана гьездеги ГІисаца. Гьале гьев анцІила кІиявго чапарасул цІарал: Пётр абун ГІисаца тІокІцІар кьурав Симон ва гьесул вац Андрей, Зебедайил Якъуб ва гьесул вац Иоанн, ГьебсагІат синагогаялъуса къватІиве вахъун, цадахъ Якъубги Иоаннги рачун, гьев ана Симонилги Андрейилги бакІалде. Гьел рукІана: ГІисаца Пётр абун тІокІцІар жиндие кьурав Симон, Пётрилан гьес тІокІцІар кьурав Симон, гьесул вац Андрей, Якъуб, Иоанн, Филипп, Бартоломей, Гьес гьедин абуралдаса микьгогІанасеб къо индал, Пётрги, Иоаннги, Якъубги цадахъ рачун, Аллагьасе гьари-дугІаялъе магІарде вахана ГІиса. Жалго рещтІараб минаялде щун, тІасарокъоре рахана ва гьенир чІана. Гьенир рукІана Пётр ва Иоанн, Якъуб ва Андрей, Филипп ва Фома, Бартоломей ва Матфей, Алфейил вас Якъуб, Симон Зелот ва Якъубил вац Ягьуда.
Выбор основного перевода