Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Цоги гьес абуна: – Нилъер гьудул Лазар кьижун ккун вуго. Гьев вигьинавизе инехъин вуго дун. Муридаз абуна: – Я, БетІерчІахъад, кьижун ккарав ватани, мадар лъугьина гьесул. ГІисаца абулеб букІана Лазар хун вугилан, амма муридазда бичІчІана гьадинго кьижун ккун вугилан абулеб бугилан. Гьебмехалъ ГІисаца рагьун бицана гьезда Лазар хванилан. Гъоркье вачІун Павелица гьев, гъуждулги ккун, тІаде ворхизавуна ва каранде къана. Цинги гьес абуна: – Воре, нуж къварилъахъдуге, гьасул рухІ бахъун гьечІо, – ян. Хадубги: «Хвел, киб бугеб дур бергьенлъи! Хвел, киб бугеб дур хеч!» Хвалил хеч ккола мунагь. Мунагьалъе къуват Къануналдасан щола. Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун нилъ бергьинарулев Аллагьасе рецц!
Выбор основного перевода