Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
ГІебеде битІун гьесда кверги хъван, ГІисаца абуна: – Дие бокьун буго мун вацІцІалъизе. ВацІцІалъе мун! ТІад букІараб чанхъги гъенон ун, гьебсагІат вацІцІалъана гьев чи. Гьениб ГІисада кІвечІо цониги мугІжизат бихьизабизе. (Квер хъван цодагьалго чагІи сах гьари гурони, батІияб хІалкІолъиги гьесдасан тІатинчІо.) Гьесухъе вачун вачІана хІалица гурони кІалъазе кІоларев гІинкъав чи, гьесда цо квер хъвайилан гьарун. ГІисаца кверги ккун гьев чи росулъа къватІиве вачана ва гьесул кІиябго бадибеги ту-тун, беразда квералги рахъун, гьесда гьикъана щибниги бихьулеб бугищилан. ГІисаца нахъеги беразда кверал рахъараб мехалъ, гьев чи цеве валагьана, – бералги сахлъун, кинабго жо баянго бихьулеб батана гьесда. гьесие илгьам лъугьана Анания абун цо чи вачІине вугин духъе, гьес тІад квер лъурабго беразда канлъиги бихьизе бугилан. Вахъун ун доб минаялъуве щвана Анания. Шаулида тІад кверги лъун, гьес абуна: – Я, дир вац Шаул, ТІадегІанас – гьаниве вачІунаго нухда дуда кІалъарав гьев ГІисаца – дун витІана дидалъун дур беразда канлъи бихьизеги Илагьияб РухІ дуде рещтІинеги.
Выбор основного перевода