Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Инеги ун гьев чияс АнцІшагьаралъул гІадамазда гьоркьоб тІибитІизабуна ГІисаца жиндие гьабураб хІалкІолъиялъул хабар. Киналго гьелда хІикмалъун хутІун рукІана. Гьел рихьараб мехалъ, ГІисаца абуна: – Рахъа нуж гьанже кашишзабазухъе а ва нужго рацІцІалъун рукІин бихьизабе. Гьениса унаго гьезул чурхдул барасалдаса рацІцІалъана. Живго сахлъун вукІин бихьун, гьезул цояв, ахІунго ахІун Аллагьасе рецц гьабулаго, тІадвуссун вачІана. Цинги, ГІисал хІатІазда цеве накалдаги чІун, гьесие баркала кьуна. Гьевни Самариялдаса чи вукІана. ГІисаца гьесда абуна: – Нужер анцІавго сахлъичІевищ? Дов ичІавго кивеха арав? Унго, гьав чияр чиясда гурони, дир ракьалдаса цониги чиясда ракІалде ккечІебищха Аллагьасе рецц гьабизе? Цинги гьесда абуна: – Вахъа тІаде, а гьанже, дурго божи-иманалъ хвасар гьавунин мун. Гьес абуна: – Дида лъаларо мунагьазул цІурав чи вугевищ гьев яги гьечІевищали. Дида лъала цо жо: дун бецав вукІаравлъи ва гьанже дида канлъи бихьулеб бугеблъиги. Дур кІалалъ абулеб бугони ГІиса ТІадегІанав вугилан, Аллагьас гьев хваралъуса вахъинавиялда ракІги божулеб бугони, мун хвасарлъила. Дур ракІ божулеб бугелъул, рекІедалъун ритІухълъиги щвела дуе, дур кІалалъ Рохалил хабар тІибитІизабулеб бугелъул, кІалалдалъун хвасарлъиги щвела.
Выбор основного перевода