Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьесухъе вачун вачІана хІалица гурони кІалъазе кІоларев гІинкъав чи, гьесда цо квер хъвайилан гьарун. Гьелдехун кІалъалев ГІиса вукІаго, синагогаялъул хІакимасул бакІалдаса цо чи вачІана ва инсуда абуна дур яс хванилан, гІадада МугІалимасул рахІат хвезабугейилан. ГІисаца шамат къоялъ гьей гІадан сахлъизе гьаюнилан ццин бахъарав синагогаялъул хІакимас гІадамаздехун вуссун абуна: – Анкьида жаниб анлъго къо буго нилъ хІалтІизе кколеб. Шамат къоялъ рачІинчІого, гьел цогидал къояз рачІа нужго сахлъизаризе. Мусал Тавраталдасаги Аварагзабазул ТІухьдуздасаги калимаби цІалун рахъараб мехалъ, гьеб синагогаялъул бутІруз гьезухъе ритІарал чагІаз гьезда абуна: – Я, вацал, гьаб халкъалъе вагІза-насихІат гьабизе бокьун батани, ниж нужехъ гІенеккила, – ян. Синагогаялъул бетІер Криспицаги гьесул рукъалъул агьлуялъги ТІадегІанав ГІисаде иман лъуна. Гьенир Павелихъ гІенеккарал Коринфалдаса гІезегІанго чагІаз иман лъуна ва лъадалъ ччун рахъизаруна. Гьебмехалъ киналго синагогаялъул хІаким Сосфенида тІаде рортана ва суд гьабулеб рукъалда цеве гьев вухизе лъугьана. Амма Галлионица я гІин, я бер рехичІо гьезул гьеб гъалмагъиралде.
Выбор основного перевода