Гьединал рагІабаз гІажаиблъизавуна ГІиса. Жиндаго хадур рачІунел рукІараздехун вуссун, гьес абуна: – Гьале дица нужеда абулеб буго: Исраилил халкъалда гьоркьобгицин лъилниги дандчІвачІо дида гьединаб божи-иман.
Дов нусилбетІерасда ГІисаца абуна: – Гьанже дурго рокъове а. Мун божун вугеб жо лъугьина дуе. РагьтІател гьебсагІатго сахлъанила.
ГІисаца дой гІадамалда абуна: – Дурго божи-иманалъ хвасар гьаюна мун. Гьанже а дурго.
Гьеб рагІидал, ГІисаца ясалъул инсуда абуна: – Мун хІинкъуге, божун вукІа. Дур яс сахлъила, – ян.
ГІисаца абуна: – РакІ къварилъун рукІунге нуж. Нужерго Аллагьасде иман лъе, дидеги иман лъе.