Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Боял рачІун, Иерусалим сверун ккун бихьараб мехалъ, лъала нужеда гьеб шагьар чІунтулеб заман гІагарлъулеб букІин. Гьеле гьебмехалъ мугІрузде лъута абе Ягьудиялда ругел гІадамал. Шагьаралда жанир ругелал гьениса къватІире тІурун аян абе, шагьаралдаса къватІирехун ругелал жанирего лъугьунгеян абе. Щаян абуни, гьел ругелъул къисас босулел къоял, гьелдалъун ритІухълъизе бугелъул Илагьиял ТІухьдузда хъварабщинаб. Вай, къинал руччабазе ва каранда хахулел лъимал ругел улбузе букІинаха дол къояз кІудияб къварилъи-гІазаб! ЦІакъ кІудияб балагь бачІина гьеб ракьалде, Аллагьасул ццин рещтІина гьеб халкъалде! Хвалчабаз бутІрул къотІаралги рукІина, киналго улкабазде асирлъун рачун аралги рукІина. Аллагь лъалареб халкъалъул къуват лъугІараб заман тІаде щвезегІан, гьелъ хІатІикь мерхьина Иерусалим.
Выбор основного перевода