Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьенир ГІисахъе рачІун, цо-цо фарисеял лъугьана гьевгун дагІбадизе. Гьесул хІалбихьизелъун, гьез тІалаб гьабуна зодисан гІаламат бихьизабеян. Гьале цо динияв гІалимчияс, гьесул хІалбихьизе, суал кьуна: – Я, МугІалим! Абадияб рукъалъул бутІа щвезе щиб дица гьабизе кколеб? ГІисаца гьесда абуна: – Къануналда кин бугеб? Щиб цІалараб дуца гьелъул хІакъалъулъ? Дос жаваб кьуна: – «Дурго БетІергьан Аллагь дуе вокьа дур тІолабго ракІалдалъун, дур тІолабго рухІалдалъун, дур тІолабго къуват-жаналдалъун, дур тІолабго гІакълу-пикруялдалъун» ва «Мунго гІадин вокьа дуе дуда аскІов вугевги». ГІисаца гьесда абуна: – Дуца битІун жаваб кьуна. Гьеле гьедин гьабуни, абадияб гІумру букІина дур. Гьебмехалъ цо-цо диниял гІалимзабаз абуна: – Я, МугІалим! ЦІакъ лъикІ абуна дуца, – ян.
Выбор основного перевода