Лъадалъ ччун рахъизе гІемерисел фарисеялги саддукеялги жиндихъе рачІунел рукІин бихьидал, ЯхІяца гьезда абуна: – ГІай, нуж чІегІераб борхьил наслу! Нужеде гІагарлъун бугеб Аллагьасул тамихІалдаса лъутизе лъица малъараб?
(Саддукеял божулароан я къиямасеб къоялъ хварал тІаде рахъинаризе рукІиналда, я малаикзабазда, я жундузда. Фарисеялин абуни гьеб киналдаго божулаан.)