Гьелдаго релълъун букІина хварал чІаголъизариги. Ракьулъе кколебщинаб хола, тІаде баккулебщиналъе хвел гьечІо.
Ракьалдаса вачІарасул сипат-сурат нилъелъ бугеб гІадин, зобалаздаса вачІарасул сипат-суратги букІина нилъелъ.
Цо балъголъи рагьила нужее: киналго гуро нилъ холел, амма ахирзаманалда ссур пураб мехалъ, бер къапизегІан заман иналде, хиса-сверула нилъ. Ссур пула ва хварал тІаде рахъинарула. Хвел гьечІеллъун рахъина гьел тІаде. Нилъги хиса-сверила.
Дирги хьул бугелъулха хваралъуса вахъине!