Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьале гьаракьги рагІана зобалаздасан: – Гьав вуго дие вокьулев дир Вас. Гьесдаса вохун вуго дун! ГІисадехун Пётр гьедин кІалъалев вукІаго, гьале цо гвангъараб накІкІул парча бачІун рахчизаруна гьел. Гьале гьеб накІкІуда гьоркьосан бахъана цо гьаракь: – Гьав вуго дие вокьулев дир Вас, гьасдаса вохун вуго Дун! Гьасухъ гІенекке нуж! Цинги гьаракьги рагІана зобалаздасан: – Мун вуго дие вокьулев дир Вас! Дудаса вохун вуго дун! Гьебмехалъ цо хъахІаб накІкІул парча бачІун рахчизаруна гьел ва накІкІуда гьоркьосан бахъана цо гьаракь: – Гьав вуго дие вокьулев дир Вас. Гьасухъ гІенекке нуж! миккидул сураталда Илагьияб РухІ рещтІана гьесухъе ва зобалаздасан гьаракьги рагІана: – Мун вуго дие вокьулев дир Вас! Дудаса вохун вуго дун! Ниж руго жиндирго Эмен – Аллагьасдасан бачІараб гьесул кІодолъиги къудратги нижерго беразда бихьарал гІадамал. Гьеб мехалъ гьесда рагІана Къудратав БетІергьанасул гьаракь: «Гьав вуго Дие вокьулев Дир Вас. Гьасдаса вохун вуго Дун». Цебе заманалда чанго нухалъ ва батІи-батІияб къагІидаялъ кІалъана Аллагь нилъер умумуздехун жиндирго аварагзабиги ритІун. Гьаб дуниялалъул ахир гІагарлъараб заманалдайин абуни, гьев нилъедехун кІалъана жиндирго васги витІун. Васасе щвезе буго Аллагьас бижанщинаб, гьесдалъун бижана дуниял-гІалам. Васасулъ загьирлъула Аллагьасул Нур. ГІицІго гьев васасулъ буго Аллагь гІадамазда вихьизавизе кІолеб сипат-сурат. Васасул къудратаб рагІиялъ ккун буго тІолабго дуниял-гІалам. ГІадамазул мунагьалги чуризарун, Къудратав Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІана гьев зобалазда.
Выбор основного перевода