Балагьги гІазабги нужее, диниял гІалимзаби ва фарисеял! Ххвелал гьаризе бокьула нужее! Ралъадалги ракьалги тирула нужеца, цогІаги чи диналде вуссинародайилан. Амма диналде вуссун хадув, нужеца гьев, нуж кІигогІан цІикІкІараб даражаялда, жужахІалъул агьлулъун лъугьинавула.