1
Мисал бачун, гьезие гьадинаб хабар бицине байбихьана ГІисаца: – Цо чияс, цІолбол ахги гьабун, сверун чали къан буго, чагъир жаниб цІцІуйзе чаналъе гвендги бухъун буго, хъаравуласе борхатаб хъощги бан буго. Цинги ахихъабазухъе ижараялъе гьеб ахги кьун, гьев къватІиве ун вуго.
ГІисада аскІоре рачІун муридаз гьикъана щай мун дозда мисал бачун кІалъалевилан.
Гьезие жавабалъе ГІисаца абуна: – Нуж руго Зобалазул ПарччахІлъиялъул балъголъи лъазе рес щварал гІадамал, амма гьезие гьеб рес щвечІо.
Кодолъи бугесе гІунги тІокІлъиледухъ тІадеги кьезе буго, кодолъи гьечІесухъа бугебги бахъизе буго.
Мисалал рачун бицуна дица гьезие, ралагьун ругониги гьезда бихьуларелъул, гІенеккун ругониги гьезда я рагІуларелъул, я бичІчІуларелъул.
Гьезухъ балагьун ритІухълъула Ишая аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима: «ГІиналда рагІаниги, нужеда бичІчІиларо, бералда бихьаниги, нужеда лъаларо.
Щайгурелъул гьаб халкъалъул ракІалги согІлъун руго, гІундулги гъугълъун руго, бералги къанщун руго гьез. Гьез гьедин гьабулеб буго беразда канлъи бихьунгутІизе, гІундузда рагІи рагІунгутІизе, рекІелъе щибго босунгутІизе, дица сахлъизаризе дихъе нахъруссунгутІизеги».