Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
От Марка
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Галилея улкаялде вачІун, Назарет абулеб шагьаралда чІана. Гьедин ритІухълъана назареталдасевилан абилин хадуб гьесдаян аварагзабазда Аллагьас бицун букІараб калимаги. Вахъун гьазда цадахъ Назареталде вилълъана гьев ва гьазие мутІигІлъун чІана. Амма гьесул эбелалъ рекІелъ цІунун рукІана гьел рагІаби. Цогидаз абулеб букІана гьав МасихІ вугилан. Галилеялда МасихІ вахъуневищилан абулел чагІиги рукІана. – Мунги Галилеялдаса ватила, – ян абуна гьесда гьез. – Цониги авараг Галилеялъул ракьалда вахъинилан хъван гьечІолъи дудаго бихьизе ТІухьдул цІале. [
От Марка
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Выбор основного перевода