Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
От Марка
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
ГІисаца сах гьаруна батІи-батІияб гІузруялъ унтарал гІемерал гІадамал. Чанги чиясул чорхолъа бачахъана хъубаб жен. Гьес хъубал жундул кІалъазе риччалароан, гьезда лъалеб букІиндалха гьев щивали. ТІолабго Галилеялъул ракьалде щун, синагогабазде ун, гІадамазе вагІза гьабуна гьес ва чангиязул чурхдулъа жундул рачахъана. Амма ГІисаца жундузда лъазабулаан жив щивали бицунгейилан. Гьале гьал щвана Галилеялъул ралъдал добаб рахъалда бугеб герасеназул улкаялде. ГІиса ракъдаде рещтІараб мехалъ, цойидасанго гьесда дандчІвана хабалазул нохъаздаса къватІиве вачІунев хъубал жундуз ккурав цо чи. Гьениб хабалазухъ букІана гьесул чІейи, ва гьанже щивниги вукІинчІо рахас бан гьев вухьине кІолев чи. Кверазда рахсал ран, бохдузда маххал ран, чанцІулго вухь-вухьана гІадамаз гьев, амма рахсалги гьес тІутІун ралаан, маххалги гъурун рехулаан. Лъиданиги кІолеб букІинчІо гьев квегъизе. Къасиги къадги – кидаго гохІал, нохъал тирулаго ахІдолев-чІчІичІчІидулев вукІунаан гьев, ганчІазда тункун лъурал ругъназул цІун черхги букІунаан. РикІкІадасанго ГІиса вихьидал, векерун вачІун гьев гьасда цеве кІалагъоркье речІчІана ва ахІдезе лъугьана: – ТІадегІанав Аллагьасул Вас ГІиса! Щиб дуе дидасан къваригІараб? Аллагьасул цІар бахъун гьарулеб буго дуда, дие гІазаб кьоге! – ян. (ГІисаца шайтІаналъе амру гьабун букІиндалха гьесул чорхолъа къватІибе лъугьаян.) Цинги ГІисаца гьикъана дуда цІар щибилан. Жаваб кьуна: – «Бо» буго дида цІар. Щайгурелъул ниж гІемерал руго гьанир. Цинги ГІисада цІакъ гьардезе лъугьана, гьаб улкаялдаса жал нахъе гъогейилан. Гьениб цо мугІрул ссанда кваналеб букІана болъоназул кІудияб рехьед. Жундуз ГІисада гьарана жал гьел болъоназда гъорлъе риччайилан. Гьес изну кьуна. Гьев чиясул чорхолъа къватІиреги рачІун, хъубал жундул болъоназулъе лъугьана. ГьебсагІат тІубараб рехьед – кІиазаргогІанасеб болъон цо борхатаб бакІалдасан цадахъго ралъдалъе кІанцІун ана ва гьенир гъанкъана. Болъоназул гІухьби гьениса лъутун ана, ва шагьаралдаги росабалъги гьез бицана ккараб жо. Цинги лъугьа-бахъараб иш бихьизе гІадамалги рачІана гьенире. ГІисада аскІоре щведал, гьенив гІодов чІун ватана дов жундузул боялъ гьалаглъизавун вукІарав чи: тІад ретІелги буго гьесда, камилаб гІакълу-лъаялдаги вуго. ГІадамазул рекІелъе хІинкъи лъугьана. Гьенир рукІараз бицана жундуз ккун вукІарасул лъугьарабги дол болъоназул ккарабги. Гьебмехалъ гьел гІадамаз ГІисада гьарана жидер ракьалдаса нахъе айилан. ГІиса росоде вахиндал, дов жундуз ккун вукІарав чияс гьесда гьарана живги цадахъ вачейилан. Амма ГІисаца изну кьечІо. Гьес абуна: – Гьанже мун рокъове а ва дурго агьлуялда бице БетІергьанас дуего гьабураб лъикІлъиялъулги, гьев дуда гурхІараб куцалъулги хІакъалъулъ. Инеги ун гьев чияс АнцІшагьаралъул гІадамазда гьоркьоб тІибитІизабуна ГІисаца жиндие гьабураб хІалкІолъиялъул хабар. Киналго гьелда хІикмалъун хутІун рукІана. Гьениса вахъун ГІиса щвана Тир шагьаралъул ракьалде. Пуланав чиясул бакІалда рещтІарав гьесие бокьун букІинчІо жив вачІун вукІин гІадамазда лъазе. Амма вахчун гьев хутІичІо. Цо чІужугІаданалда рагІана гьев вачІун вугилан. Гьелъул яс йикІана жундуз ккун. (Гьей йикІана мажусияй, Сириялъул ракьалдаса финикияй.) ГІисахъе ячІун, гьесул хІатІазда цее накабаздаги чІун, гьелъ гьарана жиндир ясалъул чорхолъа шайтІан бачахъейилан. Цо чІужугІаданалда рагІана гьев вачІун вугилан. Гьелъул яс йикІана жундуз ккун. (Гьей йикІана мажусияй, Сириялъул ракьалдаса финикияй.) ГІисахъе ячІун, гьесул хІатІазда цее накабаздаги чІун, гьелъ гьарана жиндир ясалъул чорхолъа шайтІан бачахъейилан. Гьес гьелда абуна: – Цин лъимал гІорцІизегІан чІа, лъималазул кІалдиса бахъун чед гьабзазе базе бегьуларо. ГІисае жавабалъе гьелъ абуна: – Я, БетІерчІахъад! Гьебни битІараб буго. Амма лъималазухъа рортарал чадил кескал столалда гъоркь регун рукІунел рукъалъул гьабзазеги щолагури. Цинги ГІисаца гьелда абуна: – Гьеб рагІи дие рекІее гІуна, гьанже дурго рокъое а; дур ясалъул чорхолъа шайтІан нахъе арабин. Рокъое щведал, гьелда жиндирго яс ятана, шайтІанги чорхолъа ун, парахатго бусада егун. Халкъалда гьоркьоса вачІун цо чияс абуна: – Я МугІалим! Дун духъе вачІун вуго женалъ кІал-мацІ ккурав, кІалъазе кІоларев васги вачун. Гьеб жен киб кваланиги, дир вас гІодов ккола, кІалдиб полоп бала, цаби къерщезарула, цинги гьев цІоро-гъорон лъугьуна. Гьал дур муридазда абуна дица гьесул чорхолъа жен бачахъеян, амма гьезухъа бажаричІо. Гьездехун ГІисаца абуна: – ГІай, нуж иман гьечІеб уммат! КидалъагІан дун нужгун вукІинев? КидалъагІан дица нуж хІехьезе кколел? Ваче гьаниве дурго вас. Вас гьесухъе вачун вачІана. ГІиса вихьаравго, хъубаб женалъ васасул щукІдул рукІкІинаруна; гьев гІодов ккана, гевегахъдизе лъугьана ва гьесул кІалдисан полоп бурана. ГІисаца гьесул инсуда гьикъана: – Вас гьедин лъугьаралдаса кигІан мех бараб? – ГьитІинаб мехалдаса нахъего вуго гьев гьедин, – абун жаваб кьуна инсуца. – Чанги цІадавеги рехана женалъ гьев, лъадалъеги рехана, хвезавизе бокьун. Дуда щибниги гьабизе кІолеб батани, нижеда гурхІун, кумек гьабе нижее. ГІисаца гьесда абуна: – Дагьабниги божизе дудаги кІолеб батани, божа мунги. Божулев чиясда хІалкІолареб жо букІунаребин! ГьебсагІат васасул инсуца ахІана: – Дун божула, кумек гьабе дие – божуларесе! ТІаде гурун бачІунеб халкъги бихьун, гьеб женалъе амру гьабун, ГІисаца абуна: – Ле, мацІ лъалареб ва гІинкъаб жен! Дица дуе амру гьабулеб буго гьев васасул чорхолъа тІагІаян ва тІокІаб киданиги гьенибеги къагеян. Цо гьаракьги гьабун, кутакалда гьев васги сородизавун, шайтІан къватІибе кІанцІун бачІана. Цинги хварав чи гІадин лъугьана вас, хІатта гьев хваниланцин абулеб букІана гІемерисез. Амма ГІисаца квер цІан тІаде вахъинавидал, вас вахъун чІана. Гьелъ муридал хІикмалъизаруна. ГІисаца нахъеги гьезда абуна: – Ле дир лъимал! Аллагьасул ПарччахІлъиялде лъугьине захІмалъизе бугеб куцха! Иерусалималдехун ралагьун унел рукІана гьел. ГІиса цеве-цеве вукІана. Гьесда хадур рачІунаго, гьесул муридал рахІат хун рукІана. Гьесда хадуб бачІунеб халкъги хІинкъун букІана. АнцІила кІиявго чапарги аскІове ахІун, нахъеги байбихьана гьес жиндиего ккезе бугелъул хІакъалъулъ бицине:
От Марка
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Выбор основного перевода