Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
От Марка
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Халкъги нахъе биччан, ГІиса живго цохІо магІарде вахана Аллагьасе гьари-дугІаялъе. МаркІачІубер рукІкІараб мехалъги живго цохІо гьенив вукІана ГІиса. Гьале ЯхІяца киналго лъадалъ ччун рахъулел рукІараб заманаялда гьениве вачІарав ГІисаги лъадалъе лъугьун дугІа гьабулев вукІана. Гьебмехалъ зобалги кІирикьизарун, Гьевин абуни, гІадан-чи гьечІеб бакІалде ун, Аллагьасе гьари-дугІаялда вукІунаан. Цо нухалъ ГІиса живго цохІо вукІана Аллагьасда гьарделев. Муридалги рукІана гьесда цадахъ. Гьес гьезда гьикъана: – Щивлъун дун гІадамаз рикІкІунев? – абун. Гьес гьедин абуралдаса микьгогІанасеб къо индал, Пётрги, Иоаннги, Якъубги цадахъ рачун, Аллагьасе гьари-дугІаялъе магІарде вахана ГІиса.
От Марка
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Выбор основного перевода