Цоги ГІисаца гьесда абуна: – ХІакълъун абулеб буго дица дуда: дуда зобал кІирикьулел рихьила ва гьенисан ГІадамил Лъимадухъе рачІунел-унел Бичасул малаикзабиги рихьила.
Илбисалъ гьабураб хІалбихьиялъул гІакъуба жинцагоги хІехьедал, гьанже ГІисада кІола гьелъ хІалбихьулеб бугезе кумек гьабизе.
Гьел къосинарураб илбис рехана цІадулги чІабтІилги хІоринибе. Гьеб хІоринир абадул абадиялъго къасиги-къадги гІазаб-гІакъубаялда гьелда цадахъ рукІина жанаварги гьересиаварагги.