Нухлул хІакъ бакІарулеб бакІалда гІодов чІун вихьарав Алфейил Левий абулев гьеб ишалъе тІамурав чиясда цевесан унаго, ГІисаца гьесда абула: – Дида цадахъ вилълъа, – ян. Вахъун ГІисада цадахъ уна гьевги.
Гьениб букІараб халкъги жиндирго муридалги аскІоре ахІун, ГІисаца абуна: – Дида цадахъ вилълъине бокьарав чи ватани, гьес жиндирго напсалдаса инкар гьабе, жиндаго тІаде ккараб хъанчил гІазабги бачче ва дида хадув вачІа.