Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
От Марка
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Цинги гьев хьвадана тІолабго Галилеялда: гьезул синагогабазда гІадамазе вагІза-насихІат гьабулаан, Зобалазул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ Рохалил хабар лъазабулаан, кинабго унта-щокълъиялдаса гІадамал сахлъизарулаан. ТІолабго Сириялда тІибитІана гьесул цІар. Гьесухъе рачун рачІунаан унтуца гІазаб кьолеб бугелги, шайтІабаца ккуралги, унти бачІунелги, палижалъ ккуралги, – батІи-батІияб гІузру бугел гІемерал гІадамал. Гьел киналго сахлъизаруна ГІисаца. Гьесда хадур рачІунел рукІана Галилеялдасаги, АнцІшагьаралдасаги, Иерусалималдасаги, Ягьудиялдаса ва Иордан гІурул добаб рахъалдаса цІакъ гІемерал гІадамал. ГІиса шагьаразде ва росабалъе хьвадулев вукІана. Гьезул синагогабазда гІадамазе вагІза-насихІат гьабулаан, ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ Рохалил хабар лъазабулаан, кинабго унтиялдаса, кинабго щокълъиялдаса гІадамал сахлъизарулаан.
От Марка
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Выбор основного перевода