Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ГІисаца гьесда абуна: – Вореха, гьаб ишалъул хІакъалъулъ дуца лъиданиги бицунге. Мусал Къануналда рекъон, мунго вацІцІалъун вукІин гІадамазда лъазе, кашишасухъеги ун, гьесда дурго черх бихьизабе ва дудасаго къурбанги хъвезабе. Канлъи бихьун, берал рагьун рачІана гьезул. Воре, лъиданиги бицунгейилан лъазабуна ГІисаца гьезда. Амма ГІисаца жундузда лъазабулаан жив щивали бицунгейилан. ГІисаца абуна гьей ясалъе квен кьеян, ва, воре, нужеца гьелъул хІакъалъулъ лъиданиги бицунгеянги лъазабуна. Гьелъул хІакъалъулъ лъиданиги бицунгейилан лъазабуна ГІисаца гьел гІадамазда. Амма гьедин цІикІкІун гьукъанагІан, дагьабги цІикІкІун тІибитІулеб букІана халкъалда гьоркьоб ГІисал хабар. Живго сахлъизавиялъул хабар лъиданиги бицунгейилан лъазабуна ГІисаца гьесда: – Мусал къануналда рекъон, мунго вацІцІалъун вукІин гІадамазда лъазе, кашишасухъеги ун, гьесда дурго черх бихьизабе ва мунго вацІцІалъиялъухъ къурбанги хъвезабе. Гьес гьезда кьварун лъазабуна лъиданиги гьелъул хІакъалъулъ бицунгейилан.
Выбор основного перевода