ГІисаца гьезда абуна: – Нуж нахъе а. Гьей яс хун гьечІо, кьижун ккун йиго, – ян. Гьел гьасда тІад релъанхъизе лъугьана.
Гьей эбел йихьидал, ракІ гурхІун, ТІадегІанав ГІисаца: – ГІодуге! – ян абуна гьелда.
– Мун жугьутІазул парччахІ ватани, мунго хвасар гьаве! – ян абулеб букІана.
Цоги гьес абуна: – Нилъер гьудул Лазар кьижун ккун вуго. Гьев вигьинавизе инехъин вуго дун.
ГІисаца абулеб букІана Лазар хун вугилан, амма муридазда бичІчІана гьадинго кьижун ккун вугилан абулеб бугилан.