Гьев чиясул нусабго лага сородизабуна шайтІаналъ. Цинги гІасияб гьаракьги гьабун, лъутун ана гьеб гьесул чорхолъа.
Женалъ ккола гьев ва тохлъукьего чІчІичІчІидизе лъугьуна, цинги, кІалдиб полопги бан, тІеркІезавула. ГІемераб гІазаб-гІакъуба кьун хадув гурони виччан толаро.
Вачун вачІунаго, жен васасде тІаделъана, тІамун гІодовгун, тІеркІезавуна. Амма ГІисаца гьеб хъубаб жен чІезабуна ва сахлъизавун васги инсухъе кьуна.