Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьелъул хІакъалъулъ лъиданиги бицунгейилан лъазабуна ГІисаца гьел гІадамазда. Амма гьедин цІикІкІун гьукъанагІан, дагьабги цІикІкІун тІибитІулеб букІана халкъалда гьоркьоб ГІисал хабар. Цинги аскІове ун, хварасул молода квер хъвана. Мали босун унел рукІарал гІадамал лъалхъана. ГІисаца гьебмехалъ абуна: – Ле, гІолохъанчи! Дица дуда тІаде вахъаян абулеб буго. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Аллагьасул Васасул гьаракь хвараздаги рагІулеб ва гьеб рагІараб мехалъ гьел тІаде рахъунеб заман бачІина, бачІунго буго гьединаб заман. Нуж хІикмалъуге гьелда, киналго хабалъ ругезда Аллагьасул Васасул гьаракь рагІулеб заман бачІине буго: Цинги ГІисаца ахІана: – Лазар! КъватІиве вачІа! – ян. Гьелги къватІире ритІун, Пётр суждаялда чІана ва дугІа гьабизе лъугьана. Цинги жаназаялдехун вуссун: – ТІаде яхъа, ТІабита! – ян абуна гьес. Гьелъ берал ричІана, Пётрихъги ялагьун, тІаде йорхун гІодой чІана.
Выбор основного перевода