Аллагьас жиндирго гІакъиллъиялдалъун гІаламалъе хІукму къотІана, дуниялалъул гІакъиллъиялдалъун гІаламалда Жив лъазе виччаларилан. Гьесие бокьана иман лъурал гІадамал Рохалил хабаралъул «гІантлъиялдалъун» хвасар гьаризе.
Гьел къосинарураб илбис рехана цІадулги чІабтІилги хІоринибе. Гьеб хІоринир абадул абадиялъго къасиги-къадги гІазаб-гІакъубаялда гьелда цадахъ рукІина жанаварги гьересиаварагги.