Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Марямицани гьел киналго рагІаби хазина гІадин рекІелъ цІунана, ва гьелъул пикрабазда йикІунаан гьей. Гьес абуна: – Дагьалги цІикІкІун гьардарал гурищ Аллагьасул рагІи рагІулел ва гьелда рекъон хьвадулел гІадамал! Гьеб буюрухъ тІубазабун, гьес Павелги Силаги тІамуна туснахъалъул бищунго жанибегІан бугеб рокъор, гьазул бохдузда хІухьдулги рана. Гьеб рагІухъ гІенеккарал гІоларо, гьеб тІубазабизеги ккола, гурони – нужго нужецаго гуккулел чагІилъун лъугьуна нуж. Гьанже, вацал, ТІадегІанав тІадвуссун вачІинегІан сабруялда чІа. Гьедин чІола векьарухъан жиндирго хуриса гьесие цІакъ къиматаб-хирияб хІалухъен бачІинегІан. Ихдалилги хасалихълъиялъулги цІадал ран рахъинегІан сабруялда чІола гьев. ЛъикІлъи гьабиялда тІадчІеялдалъун лъикІаб цІарги, шапакъатги, хвелгьечІолъиги тІалаб гьабурасе гьес абадияб гІумру насиб гьабила. Нужее сабру къваригІуна Аллагьасул амру тІубазабизе, нужеца сабру гьабе гьес кьураб рагІи тІубазегІанги. Сабру гьабейилан бугеб дир амру дуца цІунидал, дицаги цІунила мун, – ракьалда ругезул хІалбихьизе тІолабго дуниялалде балагьалъул къо бачІараб мехалъ.
Выбор основного перевода