ТІаде къулун гьес гьелъул цІа-кан инабуна. ГьебсагІат тІаде яхъун якьад гьазие квен-тІехалда квалквадизе лъугьана.
Симоница гьесие жаваб гьабуна: – Я, НасихІатчи! Нолъ сордо рогьинегІан хІалтІаниги, цохІониги ччугІа кквечІо нижеца. Амма дур рагІи гІадахъ босун дица гьин рехила.