Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьеб заманаялда Галилеялъул ханлъун вукІарав Гьеродида рагІана ГІисал хІакъалъулъ. ГІисал цІар киса-кибего машгьурлъун букІиндал, Гьерод ханасухъеги щолел рукІана гьесул хІакъалъулъ харбал. Цояз абулеб букІана, хваралъуса вахъун вачІарав ЯхІя авараг вугин гьев, ва гьединлъидал гьес рихьизарулел ругин гьал мугІжизаталги. Гьеродицани абулеб букІана: – ЯхІял дица бетІер къотІана; жиндир хІакъалъулъ дида гьадинал харбал рагІулел ругев чи щивха кколев? Гьев вихьизе гъира букІана Гьеродил.
Выбор основного перевода